Account

Posts of ❁ ИХӀСАН ❁

newest first

#8446Text

Я халкъалъул Сайид, русулазул таж ﷺ Толеб гьечӀо уммат ал фитначагӏаз, Ислам биӏчӏуларел фукъагьаазул Фасалъиялъ буго дин чурук гьабун. Дур хулафаазда гьоркьорги лъугьун Гьал цӀогьаз тарикъат бикъулеб буго, Талкъен гьечӀеб зикру вирдаллъунги кьун Ралъаргъулел руго Бишасул лагъзал. Я гьал гlалимзаби, нуж кинал чагlu, Кутубу-тасавуф мугьмалго толел? Гьезда жаниб бугеб гlильмуль-хlакъикъат КъварагӀунарел нуж кинан ричlчlилел? ХӀакъал турукъазул аслоги хисун Уммат балъаргъизе нуж хӀинкъуларищ? БидгӀаялъул нухал тlасаги рищун ТӀагьагун дандчӏвайдал щиб бицине къасд? КӀал-мацl гӀарабияв диналъул цІогьор, Дур кантІунгутlu щиб квешлъаби тезе? Каранда бугеб ракl гlажамияв чи ГӀеларищ тенкарав агьлу-ллагьазда? ХӀабиб вокьаралгун кьаллъараб агьло, Ибну-Гlабдулвагьаб ваче къвалакье. Къуръанги хlадисги щокъроб хутlарал, Щибдай нужор ккела гъаргъараталъулъ??? 🔹 t.me/ihsan_avar «Нусайхату - щабаб» Сагlид-афанди аль-Чиркави.

Open in Telegram
Views191−42%vs avg
Forwards—
Reactions—
Comments—
#8437Text
Views255−23%vs avg
Forwards—
Reactions—
Comments—
#8435Photo
Views1,510+356%vs avg
Forwards—
Reactions—
Comments—
#8432Photo
Views349+5%vs avg
Forwards—
Reactions—
Comments—
#8425Text
Views3310%vs avg
Forwards—
Reactions—
Comments—